с.Хвайни "Сог1ал раг1абигун".
Рорхатал муг1рузда руго г1адамал Жидерго г1адатаб ч1аголъиялда; Жидерго ч1ух1игун, жидерго ях1гун, Жидедаго хасаб къасдгун, г1акълугун. Институтал ц1алун лъуг1ич1ониги, Ц1вабзазул мац1 лъала гьезул щивасда. Марк1ач1ул г1ужалда чвахулел г1ораз Малъулеб г1акълудахъ г1енеккула гьел. Херал маг1арулал, гьез абиларо, Амма бер ч1варабго, квер босилалде, Гьезда, киназдаго камилго лъала Киг1ан багьа бугеб щивав чиясда. Гьезда к1алъаялъухъ г1енеккилалде, К1вет1 багъарилалде лъала гьереси. Щай г1емер гьедарун, - гьел божуларо, Бадиве балагьун лъала гьезда мун. Росолъе щвелалде гьезда бихьула Гьоболасул мурад, щай вач1унев гьев. Налъуда хадувищ, чода хадувищ, Цониги чиясул яс гьаризейищ. Херал маг1арулал... Рагъде унев чи Чоде вахунаго вич1ч1ула гьезда, Гьев гьунар гьабунищ, рогьо босунищ Вуссине вугев нахъ чабхъеналдаса. Михъида х1ур хъвач1ев Генуса Шамил Росдал лъималазулъ вихьараб мехалъ, Херав маг1арулас абун раг1ула, Хадуб гьав чияс хъуй гьабизе бугин. Т1оцебе Мах1мудил кеч1 раг1арабго Херав маг1арулав пашманлъун вуго, - Нахъасанги реч1ч1ун ч1вазе вугин гьев Ч1ужуг1аданалъул берал сабаблъун. Кинида вущунев Башир вихьигун, Бич1ч1ун буго Ч1охъа мадугьаласда, - Гьедин гвангъараб нур хехго ссунеблъи, Вас инсул квердасан камизе вук1ин. Херал маг1арулал! Нужер цо раг1и Цо г1алимчиясул т1ехь буго дие. Нужеда аск1об кеч1 ц1алулеб мехалъ, Дир каранзул рек1елъ бук1унеб х1инкъи. Нужер цо каламалъ киритиказул Киналго г1акълаби бец1лъизарула. Т1ингъилъего къулун рехараб раг1и Бег1ераб кицилъун кибего уна. Метер бук1инисеб квачайгин хинлъи - Кинабго нужеда жакъадго лъала. Дие бокьилаан буро погода Нужедаги гьикъун х1алт1изабизе. Кисан гьеб кинабго нужеда лъараб, Лъица гьеб нужеда т1олго малъараб? Гьедин суал кьейдал, кьуна дий жаваб: Бихьун лъанин, дир вас, бихьун лъанилан. Лъаларо цо-цояз к1ич1ун бут1рулгун, К1иго-лъабго раг1и ц1ияб лъаниги, Бец1ал умумулин, гьагаб г1адатин, Г1амал к1удияб мац1 ч1амеян абе. Амма дие г1ела т1олго г1умруялъ Нужер г1акълуялъул къуват, разилъи, Нужер пикрабазул канлъи, мух1канлъи, Нужер раг1абазул маг1на-бег1ерлъи. Нуж унеб мехалда хадув вилълъина, Нуж данде кколелъул бет1ер къулила. Нужер бах1арлъигун ях1-гьунаралъе Мустах1икъав васлъун вижун хадуса, Хвалил бицинаро дуниялалда, - Ч1ахъаги нуж г1урал г1аздалал муг1рул!